Г!аймакиса Г!али Х!ажи ( Г!одомалаик ) Али Хаджи Аль-Аймаки
Дагъистаналъулго г!алимчи Г!аймакиса Г!алих!ажияв. Сиддикъил вас Г!алих!ажияв гьавуна 1952 соналъул 06 июналда Г!аймаки росулъ.Гьев ккола Аварагасулги ﷺ ,Г!аймакиса Г!алимчи Абубакарх!ажиясулги наслуялъул, тухум хурхарав чи.Г!алих!ажияв гьит!инго ана росулъа гочун Буйнакск шагьаралде.Гьениб гьес байбихьана к!удияв вацасухъ Х!асан-Х!усенихъ г!елму ц!ализе.Гьесухъги ц!алун гьев ана 18 сон г!умруялъул барабго лъай борхизабизе Хасавюрталде г!елму ц!ализе,ц!алана 4-го соналъ,гьенисан т1ад вуссаравго жегиги ц!алана г!елму Унсоколоса Нурмух!амадида цебе Буйнакск шагьаралда.Гьелдаса хадув Г!алих!ажияс байбихьана жиндирго рокъоб мутаг1илзабазда г!елму малъизе.1992 соналъ Г!алих!ажияв вит!ана идараялдасан Хьаргаби районалде ,районалъул имамлъун.Гьениб Г!алих!ажияс рагьана к!удияб исламияб институт жакъа къоялъги жиб х!алт!улебги бугеб,жиндасан г!емерал г!алимзабиги рахъараб,ва гьениб ректорлъиги гьубуна 22-23 соналъ г!ага-шагарго.Гьебго заманалдасан байбихьун Хьаргаби росулъ имамлъи гьабуна 6-го соналъ.Г!алих!ажияс районалда ва районалъул росабалъ ислам цебе т!еялъе ва исламалъул бац!адаб т!арикъаталъул нух халкъалда бич!ч1изабизе к!удияб х!алт!и гьабуна ва гьабулеб буго.Исламияб институталда г!емерал мутаг!илзаби ц!ализе гьаруна,гьарулелги руго.Гьезул лъугьана Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал г!алимзаби ва росабазул имамзаби. Г!алих!ажи лъугьана Исламалъе ва халкъалъе пайда жиндасан бугев г!алимчилъун.Г!алих!ажияв машгьурав вуго Дагъистаналда Исламлъулги халкъалъулги цевехъан х!исабалда ва к!удияв г!алимчи х!исабалдаги.Гьесул баракат нилъейги нилъер лъималазеги Аллагьас насиб гьабеги.

Выступление на мажлисе алимов в с. Чиркей. 03.11.2007 г.

собрание аймаки 16.03.2018года часть 2

Зиярат Саида афанди к с в Инхело 2 часть

«Отшельница из Старого Амуши. Патимат Саидова». «Удивительные горцы»

ГIаймакиса Сидикъил ГIали-хIажи. 2-бутIа.

Аймаки в 90х

Палестиналда джигьад бугищ? Алихаджи аль-Кикуни

Г1алих1ажиясул минаялде вахъиналъул мавлид. 07.09.2001 г.

Танбих ас-саликина. (аудиокнига на аварском) читает: ГIабдулгъафурил Мухаммад.

Выступление на советов Алимов. 13.08.2007 г.

2011_07

Зиярат Саида афанди к с в Инхело 3 часть

Х|аджимурад Аймаки

ЧIикIаб гьабураб кIалъай

ГIАЙМАКИБ ГIАЛИМЗАБАЗУЛ МАДЖЛИС - 17.03.2023г.

Памяти Али хаджи КIикIуни

мавлиды кудиява ориг

Нуж кантIе гIолохъаби. Алихаджи аль-Кикуни

Абдулгафуров Мухаммад-хаджи, рахимахуЛлах. Ахульго...

